Ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругилан гаргадизеги ракІалде ккоге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда.
Гьез абуна: – Ниж Ибрагьимил наслу буго, лъилниги лагъзаллъунги рукІинчІо киданиги. Ниж тархъан гьарилин абураб рагІиялъул магІна щиб?
Ибрагьимил зурияталъул киналго гуро Аллагьасул лъималлъунги лъугьарал. Аллагьас Ибрагьимида абуна: «Дур наслу ИсхІакъидасан лъугьинейин бугеб».
Нужеда лъан букІа: божи-иман къабул гьабурал гІадамал Ибрагьимил лъималлъун ккола.