Ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругилан гаргадизеги ракІалде ккоге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда.
Нужерго мунагьаздаса руссун, кантІиялъул гъотІода пихъ барщизабе, ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругиланги гаргадуге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда.
– Нижер эмен Ибрагьим вуго, – ян абуна гьез. ГІисаца абуна: – Нуж Ибрагьимил лъимал рукІаралани, Ибрагьимица гьабураб гьабилаан нужеца.
Нужер эмен Ибрагьим цІакъ вохана, дун вачІараб къо бихьидал. Гьесда бихьана дун вачІараб къо ва гьелдаса вохана.