Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьев вуссун вукІин лъан, гьесул бетІер сверун бугилан абулебги рагІун, ГІисал цебесеб гІагарлъиялъул чагІи рачІана гьев нахъе вачине. Иерусалималдаса рачІарал диниял гІалимзабазни абулеб букІана жундузул хан вугин ГІисал чорхолъе лъугьун, ва гьеле гьев жундузул ханас кумек гьабулеб бугин гьесие жундул рачахъизеян. Самариялъ гьесда абуна: – Мун жугьутІавлъидал, дуца дида – Самариялъул гІаданалда – лъим гьаризе бегьилищ? (ЖугьутІазги самариязги хІатта цо гулгун-парччиялъусан лъимцин гьекъолароан.) ГІадамаз ахІулеб букІана: – Мун жундуз ккун вуго. Мун чІвазе къасд гьабулев чи щив вугев? – ан. Ягьудияз гьесда абуна: – Гьанже тІубанго хІакълъана нижее мун жундуз ккун вугевлъи. Ибрагьим хвана, цогидал аварагзабиги хвана. Дуцани абулеб буго дур рагІи рекІелъ цІунаравщинав чи абадул абадиялъ хвезе гьечІилан. ГІемерисез абулеб букІана жундуз бетІер сверизабун бугин гьесул, гьесухъ гІенеккиго щайин нужеейилан.
Выбор основного перевода