Инсуе дун вокьулев гІадин, дие нужги рокьула. Нужеде бугеб дир рокьи тІезе биччаге нужеца.
ГІаламалда гьоркьоса дуца дихъе кьурал гІадамазе рагьана дица дур цІаралъул хІакъикъат. Гьел дур рукІана, цинги гьел дуца дихъе кьуна ва гьел дур рагІухъ гІенеккана.