Гьеб къоялъ лъала нужеда дун дирго Инсулъ вугевлъи, нуж дилъ ругеллъи, дун нужелъги вугевлъи.
Иман лъуразул гьеб кІудияб агьлуялъул рухІалги ракІалги цолъун рукІана. Жиндирго букІараб боцІи-бечелъиялда лъицаниги абулароан гьаб дир бугилан, кинабго гІахьалаб букІана гьезул.