Нижер хІалбихьизеги биччаге, Квешалдаса цІуне ниж.
Дица дуе дугІа гьабуна мун иманалдаса ватІалъунгутІизе, цинги дида аскІове тІадвуссараб мехалъ, дурго вацазул ракІбатизабе.
Кьураб рагІи кколев Аллагьас нужер ракІал къвакІизарила ва квешлъиялдаса цІунила.
Аллагьасдасан лъугьарас мунагь гьабулареблъи лъала нилъеда, Аллагьасул васас гьев цІунулелъул! Илбисалдаги кІоларо гьесда хъатІизе.