Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Лъадаца чурун хвел гІахьалаблъун гьабидал, гьесда цадахъ хабалъги рукъана нилъ. Инсул кІудияб къудраталдалъун хваралъуса вахъинавурав МасихІида релълъун, гьанже нилъедаги кІола цІияб гІумру гьабизе. Хварав чиясда тІад мунагьалъ ханлъи гьабуларелъулха! Рос-лъадуда гьоркьоб букІунеб гІадинаб гуреб, Аллагьасдасан бачІараб щакдари буго дир рекІелъ нужедехун: дица нужер магьари лъуна бихьинчияс квер хъвачІей бахІарай гІадин нуж цохІо вугев росасе – МасихІие кьезе. Къануналда рекъон дун хварав чи ккола. Къануналъ дун чІвана Аллагьасе гІоло дица гІумру гьабизе. МасихІида цадахъ хъанчида варав чийин дунги. РухІалъ инсанасе босун бачІуна: рокьи, рохел, рекъел, сабру, лъикІлъи, ракІлъикІлъи, божизе бегьи, Мусал къанун цІуничІолъиялдалъун нилъеда тІад букІараб тІолабго налъиги Аллагьас тІаса рехана. МасихІил хъанчида тІад хвезабуна гьес гьеб налъи.
Выбор основного перевода