Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Нилъеда лъала цеве нилъелъ вукІарав инсан гьесда цадахъ хъанчида ван хваравлъи – нилъелъ бугеб мунагьалъул къуват лъугІизе ва мунагьалъул лагъзаллъун нилъ хутІунгутІизе. ГІиса МасихІидалъун чІаголъизарулеб РухІалъул къануналъ тархъан гьавуна дун мунагьалъулги хвалилги къануналдаса. МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул РухІ нужелъ бугони, МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьас нужелъ бугеб жиндирго РухІалдалъун чІаголъи кьела холел-унел нужер чурхдузеги. ГІиса хвеялда ва хваралъуса вахъиналда нилъ божулел гІадин, нилъ божула иманалда хварал гІадамал Аллагьас гьесда цадахъ жиндихъего рачине рукІиналдаги. Гьаб нижеца нужеда малъулеб буго ТІадегІанасул рагІуда рекъон: ТІадегІанав вачІинегІан чІаго хутІаниги, хвараздаса цере ккеларо нилъ. Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. Цинги нилъ – чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина.
Выбор основного перевода