Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІиса МасихІиде цолъаразе тамихІ гьечІо гьанже. ГІиса МасихІидалъун чІаголъизарулеб РухІалъул къануналъ тархъан гьавуна дун мунагьалъулги хвалилги къануналдаса. Нилъер мунагьаб напс загІипаб бугелъул, Къануналда гьабизе кІвечІебги Аллагьас гьабуна. Инсанасул мунагьаб черхалда релълъараб черх бугев жиндирго Вас витІана гьес мунагьал чуриялъе къурбанлъун. Гьедин тамихІ гьабуна Аллагьас инсанасулъ бугеб мунагьалъе. Гьанже кІола нилъеда Къануналъул киналго ритІухъал амруял щвалде щун тІуразаризе – нилъер мунагьаб напсалъе бокьухъе гуребха, Аллагьасул РухІалъ малъухъейин. Жидерго мунагьаб напсалъе бокьухъе хьвадулел гІадамазул гІакълу мутІигІлъула гьезул напсалъе бокьулеб жоялъе. Амма Аллагьасул РухІалъ малъухъе хьвадулезул гІакълу мутІигІлъула РухІалъе бокьулеб жоялъе. Мунагьав чиясул гІакълуялъ гьев хвалде вачуна, амма РухІалъул кверщаликь бугеб гІакълуялъ инсан абадияб гІумруялде ва сах-саламалъиялде вачуна. Мунагьаб гІакълу Аллагьасда дандечІола. Гьеб Аллагьасул къануналъе мутІигІлъуларо, мутІигІлъизеги кІоларо гьелда. Жидерго мунагьаб напсалъе мутІигІлъулел гІадамаздаса Аллагь разилъизе рес гьечІо. Нужелъ Аллагьасул РухІ бугони, нужеда тІад кверщел мунагьаб напсалъ гуреб, РухІалъин гьабулеб. МасихІил РухІ жиндилъ гьечІев инсан МасихІил умматалъул чи кколаро. Дулъ МасихІ вугони, дур черх мунагьалъе хола, амма Аллагьас мун ритІухъ гьавидал, дур рухІ чІаголъула. МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул РухІ нужелъ бугони, МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьас нужелъ бугеб жиндирго РухІалдалъун чІаголъи кьела холел-унел нужер чурхдузеги. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ бергьинарулев Аллагьасе рецц!
Выбор основного перевода