Напсалъе бокьула РухІалъе тушманабщинаб, РухІалъеги бокьула напсалъе тушманабщинаб. РухІги напсги цоцалъ рагъулел ругелъул, рекІее бокьараб гьабизе бажаруларо нужехъа.
Нужеда гьоркьоб кьалги дагІба-рагІиги кин бижулеб? Чорхолъ бухъардилеб бугеб гьаваялъ гурищ гьел рижизарулел?
Гьаб дуниялалъул рокъор нуж нухлулалги апарагзабиги ругелъул, дица нужеда гьарула, хириял, нужер рухІалда данде багъулеб чорхол гьаваялдаса напс цІуне.