Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Нилъеда лъала цеве нилъелъ вукІарав инсан гьесда цадахъ хъанчида ван хваравлъи – нилъелъ бугеб мунагьалъул къуват лъугІизе ва мунагьалъул лагъзаллъун нилъ хутІунгутІизе. Къануналда рекъон дун хварав чи ккола. Къануналъ дун чІвана Аллагьасе гІоло дица гІумру гьабизе. МасихІида цадахъ хъанчида варав чийин дунги. Гьединлъидал дун тІокІалъ чІаго гьечІо, амма дилъ МасихІ чІаго вуго. ГьабсагІат дир бугеб гІумру – гьеб буго Аллагьасул Васасде иман лъеялдалъун щвараб гІумру. Гьесие дун вокьана ва жиндирго гІумруги гьес дие кьуна.
Выбор основного перевода