Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
ГьанжелъагІанги напсалъ малъараб гьабулеб бугелъулха нужеца. Нужеда гьоркьоб жахІда-хІусудги дагІба-рагІиги бугеб мехалъ, напсалъе мутІигІлъи гурищ гьеб кколеб, гьаб дуниялалъул гІадамал гІадин хьвадулел рукІинги гурищ кколеб? Дун хІинкъун вуго, – нагагь дун гьениве вачІани, дида ратизе бокьараб къагІидаялда нужги ратиларин, нужеда ватизе бокьараб къагІидаялда дунги ватиларин. Нужеда гьоркьоб дагІба-къец, щакдари, ццин, хъантІи, бугьтан, мацІ, чІухІи-пахрулъи ва гъалмагъир батилин хІинкъун вуго.
Выбор основного перевода