Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьанже кІола нилъеда Къануналъул киналго ритІухъал амруял щвалде щун тІуразаризе – нилъер мунагьаб напсалъе бокьухъе гуребха, Аллагьасул РухІалъ малъухъейин. Гьанже, вацал, нилъеда тІадаб парзги бугебха, амма мунагьаб напсалда нахърилълъине паризаяб гьечІо. Мунагьаб напсалъе бокьухъе хьвадулел ругони, нуж хвела. Амма, РухІги хІалае ккун, нужеца хвезаруни нужго мунагьалъукье ккезарулел ишал, нужее абадияб гІумру насиблъила. МасихІ ГІисаде цолъараз, жидерго мунагьаб напс хъанчида тІад бигъараб гІадин, чорхол киналго лазаталги гьаваги къезаруна. Нилъее гІумру РухІалъ кьун бугелъул, нилъ хьвадизе ккела РухІалъ малъухъе.
Выбор основного перевода