Бакъул канлъухъе гьабизе рекъараб гІумруялде рачІинин – гьекъелги мехтелги гьечІеб, хъахІбалъиги пасалъиги гьечІеб, дагІба-рагІиги жахІда-хІусудги гьечІеб – гІумру гьабизин.
Нужеда лъаларебищ пасатал гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъулареблъи? Нужго нужецаго гуккуге! Пасалъи гьабулезе, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулезе, зина гьабулезе, бихьиназдасан лазат босулел бихьиназе,
хъантІаразе, цІогьабазе, гьекъолдухъабазе, мацІихъабазе, хъамалчагІазе – гьезул цонигиязе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо.