Живго гьитІинлъизавуна, – лагъасул даражаялда чІана. Инсанасда релълъун вижарав ва инсанасул сурат жиндилъ лъугьарав
гьес живго гІодовегІанлъизавуна хвалиде гІунтІунгицин. Хъанчида вараб хвел босизеги мутІигІлъана гьев.
Цониги малаикасда абурабищ Аллагьас: «Мун дир Вас вуго. Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», – ян? Цониги малаикасул хІакъалъулъ абичІо Аллагьас: «Дун гьасул Эменлъун лъугьина, Гьавги дир Васлъун лъугьина», – ян.
МасихІ вуго Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъул бетІерлъуда тарав хилиплъуларев вас. Гьеб Аллагьасул мина ккола нилъ, – нилъер хьул лъолелдаги нилъерго бахІарчилъиялдаги ракІчІей бугони.