Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Амма нужедехунни, вацал, дун Илагьияб РухІалъ цІурал гІадамаздехун гІадин кІалъачІо, кІалъана напсалъ малъараб гьабулездехун гІадин ва МасихІиде цолъараб гІумру лъималазда кинигин гурони бичІчІуларездехун гІадин. Кваназе квен гуро дица нужее кьураб, гьекъезе рахь кьуна. Кваназе гІун рукІинчІо нуж добмехалъ, – гьанжегицин гІун гьечІо нуж! гьабсагІат гьабураб лъимер гІадин, нужги гІедегІе бацІцІадаб рухІанияб рахьдаца къеч буссинабизе, гьеб гьекъон нужго кІудиял гІезе ва хвасарлъизе. ГІисаца жаваб кьуна: – Мун вуго Исраилил халкъалъул мугІалим. Дуда лъазе ккеларищ гьеб? Гьев Мусайин вукІарав гІицІаб авлахъалде данделъараб Исраилил халкъалда цадахъ. Гьенир Мусада цадахъ рукІана нилъер умумулги ва Синай магІарда гьесда кІалъарав малаикги. Нилъее кьезелъун Аллагьас гьесде рещтІана жакъаги цере ругел амруял. Гьедин, лъималлъун ругеб заманалда нилъги рукІана дуниялалъул тІабигІиял къуватазул кверщаликь. МасихІил хІакъалъулъ рагІул тІоцересел дарсалги нахъа тун, рачІа нилъ церехун инин балугълъи-камиллъи щваразул гІелмуялде. ЦІидасан кьучІ тІамун щай нилъее? ЦІидасан бицинарин тавбуялъулги, хвалде рачунел ишал рехун теялъулги, Аллагьасда божиялъулги,
Выбор основного перевода