Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизеги».
ГІемераб жо бугоан дир нужеда бицине, амма гьеб кинабго жеги нужер ургьибе унаро.
Гьев Мелкицедек вукІана Салам улкаялъул парччахІлъунги ТІадегІанав Аллагьасул кашишлъунги. Ункъо парччахІасда тІад бергьенлъиги босун, рагъдаса тІадвуссун вачІунев вукІарав Ибрагьим аварагасда дандчІвай гьабуна Мелкицедекица ва дуда баркат лъегиян абуна.