ГІадамазда гьоркьоб букІунеб гурони гІазаб-балагь рещтІинчІо нужеде. Аллагьас жиндирго къотІи хвезабуларо – хІехьезе кІолареб гІазаб-балагь биччаларо гьес нужеде. ГІазаб-балагьалда цадахъго гьес нужее бихьизабила гьеб хІехьезе ресги.
Цебесеб заман ракІалде щвезабе: Аллагьасул Нур нужеда тІад къалъарал къоязда гІемераб гІазаб-гІакъуба баччана нужеца.
Цо заман букІана нуж халкъалда цере рачун инжит-хІакъир гьарулеб. Цоги заман букІана гьедин гІазабалда ругезул нужеца тІалаб гьабулеб.
Туснахъалда ругездаги гурхІана. Нужер боцІи-бечелъи бикъа-хъамулеб мехалъги роха-хинлъун рукІана. Нужеда лъалеб букІиндалха кодоса бахъизе кІолареб, цІакъго лъикІаб бечелъи нужер бугеблъи.