Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
«ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІазда цере чІезаризегІан“». Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана. Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав. гьес живго гІодовегІанлъизавуна хвалиде гІунтІунгицин. Хъанчида вараб хвел босизеги мутІигІлъана гьев. Гьединлъидал Аллагьас гьев тІадегІанлъизавуна, цогидазулалдаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги. ГІисал цІаралда цебе наку чІван сужда гьабила зодор ругезги, ракьалда ругезги ва гъоркьадуниялалда ругезги. Васасулъ загьирлъула Аллагьасул Нур. ГІицІго гьев васасулъ буго Аллагь гІадамазда вихьизавизе кІолеб сипат-сурат. Васасул къудратаб рагІиялъ ккун буго тІолабго дуниял-гІалам. ГІадамазул мунагьалги чуризарун, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана гьев зобалазда. Кинабго сундуего ва жинцаго бижарав Аллагьас ГІиса гІазаб-гІакъубаялдалъун камиллъизави ритІухълъараблъи бихьана нилъеда, – гІемерал лъималазе гьесул цІар-реццалъул бутІа щвана. ГІисацалъидалин гьел хвасарлъиялде рачунел! Гьев зодове ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун вуго. Гьесие мутІигІал руго малаикзаби, гьезул бутІрул ва хІакимзаби. Дун бергьиндал дир Инсуца дунги жиндирго тахида тІад гІодов чІезавурав гІадин, дицаги бергьарав дидаго аскІов дирго тахида гІодов чІезавила.
Выбор основного перевода