Аллагьас нилъее тамихІги гІадлуги гьабулеб буго, – цогидаб гІаламалъе букІине бугеб жазаялдаса нилъ хвасарлъизе.
Нуж тІаса рищарав Аллагь вацІцІадав вугелъул, нужги кидаго рацІцІадго хьваде.
ТІехьалда хъван буго: «Дун вацІцІадав вугелъул, нужги рацІцІадго хьваде».
Гьес нилъее сайигъат гьабуна жинца рагІи кьун букІараб кІудияб ва хирияб хазина, – гьелъул кумекалдалъун гьаб дуниялалда ругел гІадамал пасалъиялде ва хвалде рачунел къасдаздаса цІунун, нужее илагьиябщиналъул бутІа щвезе.