Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Жиндирго мугІалимасдаса тІадегІанав вукІунаро мутагІил, лагъги вукІунаро жиндирго бетІергьанасдаса тІадегІанав. Симеоница гьезие дугІа гьабуна ва гьесул эбел Марямида абуна: – Гьале гьаб Лъимер сабаблъун Исраилил халкъалъул гІемерисел гІодор ккела ва гІемерисел тІаде рахъина. ГІаламалда нуж рихани, нужеда ракІалде щва нужедасаги цеве дун гьезда рихун вукІаравлъи. Жиндирго бетІергьанасдаса лагъ тІадегІанав вукІунарилан дица абун букІараб ракІалда бугищ нужеда? Дие гІазаб-гІакъуба кьураб гІадин, нужееги кьела. Дихъ гІенеккарал гІадин, нужехъги гІенеккила. ЛъикІлъи гьабулаго нилъ ракІ гІодоб чІван рукІинарин. ТІадчІун хІалтІани, нилъер хуриб хІалухъен жиндир заманалда бижила. Цо заман букІана нуж халкъалда цере рачун инжит-хІакъир гьарулеб. Цоги заман букІана гьедин гІазабалда ругезул нужеца тІалаб гьабулеб.
Выбор основного перевода