Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Евреям
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
«ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІазда цере чІезаризегІан“». ГІисаца гьесда абуна: – Дуцаго абулеб бугоха гьедин, амма дица нужеда абулеб буго: гьанжеялдаса хадув ГІадамил Лъимер нужеда вихьила Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун ва зобалазул накІкІул парчабазда тІад вачІунев. Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана. РагІи инсанлъун лъугьана, баркаталъул ва хІакъабщиналъул цІурав инсанлъун лъугьун, нижеда цадахъ чІана. Нижеда бихьана гьесул кІодолъи – Инсул цохІо вугев Васасул кІодолъи. Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». гьаб дуниялалъул кверщел кодоб бугеб илбисалъ ракІ бецлъизабуразе, – Аллагьасул суратлъун вугев МасихІил къудраталъул хІакъалъулъ Рохалил хабаралъул Нур гьезда бихьунгутІизе. Къурбанлъун лъугьун гІодобе тІураб МасихІил биялдалъун нилъги гьесде цолъизарун, нилъее тархъанлъи насиб гьабуна ва нилъер мунагьалги чурана. Аллагьас нилъее кьуна сундулъго гІакъиллъиги лъайги, кІудияб баркатги гьарзаго рещтІинабуна. Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав. Тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги, ханзабилъун ругелги рухІаздаса тІадегІанлъизавуна Аллагьас гьев. Гьаб дуниялалда ругелги, хадусеб дуниялалда рукІине ругелги киналго цІараздаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги. Гьев вуго вихьуларев Аллагьасул бихьизе бажарулеб сурат. Аллагьас бижарабщиналдаса тІадегІанавлъун тІоцеве гьавурав вуго гьев. Гьев сабаблъун бижана кинабго зобалазда бугебги ва ракьалда бугебги, бихьулебги бихьуларебги, ай тахида ругел, кверщел бугел, хІакимзабилъун ругел, ханзабилъун ругел рухІалги. Гьесдалъун ва гьесие гІоло бижана Аллагьас кинабго. Сундасаго цеве вукІана гьев, гьесдалъун цІунун буго киналъулго низамги. Цогидал бищунго кІудиял кашишзабазда релълъарав гьечІо гьев. Цин жиндирго мунагьал чуризе, хадуб халкъалъул мунагьал чуризеги щибаб къоялъ къурбан гьабизе кколаро гьес. Живго къурбанлъун лъугьун, гьес гьеб тІубазабуна цохІо нухалъ ва кидагоялъе. Гьале нижее гьанже абизе бокьараб жо: Къудратав Аллагьасул тахалъул кваранаб рахъалда зобалазда гІодов чІарав бищунго кІудияв кашиш вуго нилъер. кигІан цІакъдай гьел рацІцІалъила МасихІил биялъ. Абадияб Илагьияб РухІалъ малъун, гьес живго кьуна Аллагьасе камилаб къурбанлъун. Гьесул биялъ бацІцІад гьабуна нилъер намус нилъ хвалде рачунеб квешлъиялдаса ва хІакъав Аллагьасе хъулухъ гьабизе нилъее ресги рекъезабуна. Гьедин букІинчІебани, гьаб дуниял бижаралдаса нахъего, живго къурбанлъун гьавун, МасихІица чанги нухалъ хІехьезе ккелаан гІазаб-гІакъуба. Гьанже, гьаб дуниял ахирлъулеб бугеб заманалда, гьев цохІо нухалъ вачІана, киназего гІоло живго къурбанлъун гьавун, гьезул мунагьал чуризе. МасихІицани цохІо нухалъ гьабуна абадиялъго мунагьал чуризе кІолеб къурбан, Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодовги чІана. Авалалдаса ахиралде щвезегІан нилъер божи-иманалъул аслу-кьучІлъун вугев ГІисахъ ралагьилин. Жиндие насиблъизе бугеб рохалие гІоло, инжитлъи-хІакъирлъиги гІадахъ босичІого, хъанчида вараб хвел хІехьана гьес ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана.
К Евреям
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Выбор основного перевода