Воре, нужеца сан гьавичІого тоге лъимер гІадин вугев гІадатияв цониги пулан. Щаян абуни, дица нужеда абулеб буго: гьединазул малаикзабазда кидаго кІола зобалазда вугев дир Инсуда бадире ралагьизе.
Малаикас гьесие жаваб кьуна: – Дун вуго Аллагьасда цеве вугев ЖабрагІил малаик. Гьес дун витІана дуда кІалъазе ва дуда рохел бицине.
Гьебмехалъ Пётрица гьелда абуна: – Гьедин батани кІиялго рекъон Бичасулаб РухІалъул хІалбихьизе къасд гьабун бугоха нужеца. Гьале нуцІикІалтІе щун руго дур рос хабалъ вукъизе ун рукІарал гІадамал. Гьанже кватІичІого дур жаназаги босила гьез гьаниса къватІибе.