Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Евреям
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
ГІисадехун Пётр гьедин кІалъалев вукІаго, гьале цо гвангъараб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел. Гьале гьеб накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас, гьасдаса вохун вуго Дун! Гьасухъ гІенекке нуж! Амма гьесул вас вачІунев вихьараб мехалъ, ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав. РачІа гьав чІвазе, ирсги нилъеего хутІила». Гьеб РагІудалъун бижана кинабго. Бижарабщиналъул щибниги бижичІо гьеб гьечІого. Гьеб Нур бачІун букІана гьелдалъун жиб бижараб дуниялалде, амма гІаламалда гьеб лъачІо. Нужер хІакъалъулъги гІемераб жо бицине кІвелаан дида ва суд гьабизеги кІвелаан. Амма дица гьаб халкъалъе бицунеб буго дун витІарав Аллагьасдасан рагІарабщинаб. ЦІакъ ритІухъавин гьев вугев! Дица тІокІаб нужеда лагъзалилан абиларо, лагъасда лъаларелъул гьесул бетІергьанас щиб гьабулеб бугебали. Дица нужеда гьудулзабийилан абулеб буго, дир Инсудасан рагІарабщинаб дица нужеда лъазабидал. Шамуилидасан байбихьун гьесдаса хадур рахъарал киналго аварагзабазги цебеккунго лъазабун букІана гьел къоязул хІакъалъулъ. Амма, заман цІубараб мехалда, Аллагьас витІун вачІана чІужугІаданалъ гьавурав жиндирго Вас. Къануналъул кверщаликь гьавуна гьев – Зоб-ракьалда бижанщинаб МасихІиде цолъизабиялъул ва киналъулго бетІерлъун гьев гьавиялъул мурад Аллагьас тІубазабула болжал щвараб мехалда. Гьев сабаблъун бижана кинабго зобалазда бугебги ва ракьалда бугебги, бихьулебги бихьуларебги, ай тахида ругел, кверщел бугел, хІакимзабилъун ругел, ханзабилъун ругел рухІалги. Гьесдалъун ва гьесие гІоло бижана Аллагьас кинабго. Божи-иманалдалъунин нилъеда бичІчІулеб гьаб дуниял Аллагьасул рагІудалъун бижараб букІин, гьедин бихьуларелдасан бихьулебаб лъугьун букІин.
К Евреям
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Выбор основного перевода