МасихІилаллъун лъугьун ругелъул, нуж ккола Ибрагьимил наслуялъул гІадамал ва Аллагьас кьураб рагІиялъул ирсилал.
Цере Аллагьасдаса рикІкІад рукІарал нуж, гьанже МасихІиде цолъун, гІагарлъана, – нужедасан къурбанлъун хварав МасихІил би сабаблъун.
КІиго халкъги ракълидалъун жиндилъго цолъизабун, цо цІияб халкъ лъугьинабизелъун Къануналъул рихьизариялги къагІидабиги риххизаруна гьес, – жиндирго черхги къурбанлъун гьабун.
Хъанчида ван хвеялдалъун цого чорхолъ кІиго халкъ Аллагьгун рекъезабуна гьес, хъанчида тІадго чІвана гьезул тушманлъиги.