Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Вай, Аллагьасул гІакъиллъиялъулги гІелмуялъулги кІкІалалъул гъварилъи! Гьесул хІукмуялда нахъгІунтІизе кІоларо! Гьесул нухазул балъголъи лъазе бажаруларо! Нижеца бицунеб буго Аллагьасулаб балъгояб гІакъиллъиялъул. Аллагьас бахчун тараб гьеб гІакъиллъи нилъер цІар-реццалъейин дуниял бижилелдего къачІан букІараб. Тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги, ханзабилъун ругелги рухІаздаса тІадегІанлъизавуна Аллагьас гьев. Гьаб дуниялалда ругелги, хадусеб дуниялалда рукІине ругелги киналго цІараздаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги.
Выбор основного перевода