ГІисал цІаралда цебе наку чІван сужда гьабила зодор ругезги, ракьалда ругезги ва гъоркьадуниялалда ругезги.
Нужее пайда букІине гІоло дица гІазаб-гІакъуба баччулеб букІиналдаса вохун вуго дун. Иман лъуразул агьлу – гьеб ккола МасихІил черх. Гьеб черхалъе гІоло гІазаб-гІакъуба баччун буго дир черхалъ, гьесул черхалъ баччизе ккараб гІазаб-гІакъубаялъул хутІараб цо бутІа дидаго тІаде босун бугелъул.