ГІисаца гьесие жаваб кьуна: – Дун вокьулев чияс дир рагІи рекІелъ цІунила, гьев дир Инсуе вокьила. Цинги ниж гьев чиясухъе рачІина, ва нижер чІей гьесухъ букІина.
Гьедин букІина нужеда рагІараб Рохалил хабаралда хадубккунги нуж кьуричІого божани, къвакІун чІани ва нужер хьулги къинчІони. Жиндие хъулухъалъе дун – Павел – вукІараб гьеб Рохалил хабар дуниялалда бижанщиналда лъазабуна.
МасихІ ккола нужер минаялъул кьучІги ва нужер гъотІол кьибилги. Нужеда малъараб къагІидаялъ божи-иман щулалъизабе, шукру гІемер гьабе.