Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Ефесянам
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Киналго мунагьалъукье ккун рукІана, киналго махІрумлъун рукІана Аллагьасдасан рещтІараб Нуралдаса. Цинги, Гьесул баркат лъун, чІобого щвана нилъее Аллагьасда цере ритІухълъи. МасихІ ГІисадалъун рецІел щведалин гьел ритІухълъарал. Аллагьас гьев къурбанлъун гьавуна, гІадамазул мунагьал гьесул биялдалъун ва гьесде иман лъеялдалъун чуризе. Цебе, жинца гьел хІехьон рукІараб заманалда, гьез гьарурал мунагьазда тІасаги лъугьун, жиндирго ритІухълъи загьир гьабуна Аллагьас. ГІиса МасихІидалъун нилъеде гьарзаго рещтІараб баркаталъул кІодолъиги цІобалъул гІатІилъиги хадусел гІасрабазда загьир гьабизе нилъ МасихІ ГІисада цадахъ рахъинаруна ва зобалазда гьесда аскІор гІодор чІезаруна. Иман лъуразул тІолабго агьлуялда гьоркьоса бищунго пакъирав дида баркат лъуна инсанасул гІакълу-лъай хадуб гІунтІулареб МасихІил хазинаялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар цогидал халкъазул гІадамаздаги бицине Дица гьесда гьарулеб буго жиндирго машгьураб хазинаялдасан нужее РухІалдалъун къуват кьейилан, нужер ракІ къвакІизабейилан, Гьев Васасдалъун нилъер мунагьалги чурунин Аллагьас нилъ тархъан гьарурал. Чадиралъусан ун, нилъ киназего гІоло цохІо нухалъ Бищунго Мукъадасаб БакІалде жаниве лъугьараб мехалда, гьес гьенибе босичІо дугІбузул яги бусбузул би. Гьес гьенибе босана жиндирго би, гьелдалъун абадиялъего гІадамазул мунагьал чуриги насиблъизабуна. Аллагь мунагьазда тІасалъугьунев вугони, гьездаса рацІцІалъизе гІоло гьарулел къурбанал тІокІалъ къваригІунаро.
К Ефесянам
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода