Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Ефесянам
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана. РухІ бахъиялъул гІазабалдаса хвасар гьавун, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна, хвалил рахсазда кквезе кІвечІелъул. Васасулъ загьирлъула Аллагьасул Нур. ГІицІго гьев васасулъ буго Аллагь гІадамазда вихьизавизе кІолеб сипат-сурат. Васасул къудратаб рагІиялъ ккун буго тІолабго дуниял-гІалам. ГІадамазул мунагьалги чуризарун, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана гьев зобалазда. Гьев зодове ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун вуго. Гьесие мутІигІал руго малаикзаби, гьезул бутІрул ва хІакимзаби.
К Ефесянам
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода