Гьебмехалда, нужер гьунар гІела, киналго иман лъуразда гІадин, нужеда МасихІил рокьи лъазе – гьелъул гІеблъиги, халалъиги, борхалъиги, гъварилъиги лъазе.
Нижеда рагІана МасихІ ГІисаде нужер божи-иман цІикІкІунеб бугилан ва киналго иман лъуралги нужее рокьулел ругилан.
Гьединлъидал нужер хІакъалъулъ гьеб рагІараб къоялдаса нахъего, нужги рехсон, Аллагьасде гьари-дугІа гьоркьоса къотІизе толеб гьечІо нижеца. Нижеца Аллагьасда гьарулеб буго гьесул щибаб амру сундулъ бугебали тІубанго лъазелъун нужер бичІчІи-лъай цІикІкІагиян ва рухІанияб гІелму камиллъагиян.