Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе. Гьаб заман кинаб бугебалиги бичІчІун хьваде! Макьидаса ригьине мех щвана нужее, доб нужеца иман лъураб заманалдасаги цІикІкІун гІагарлъун буго гьанже хвасарлъи! Сордо рогьунеб буго, рогьел гІагарлъулеб буго. РачІа бецІал ишал рехун тезин, нуралъул ярагъ борчинин! Хвасарлъулеб хабар цогидал халкъазда бицине нижее квекІен гьабуна жугьутІаз. Гьелдалъун тІубанго камиллъана кидаго гьез гьарурал квешлъаби! Ахирги Аллагьасул ццин бахъин рещтІана гьезде. Цо-цояз рехун толеб гІадин, нилъеца рехун теларин цоцазда аскІоре данделъулеб гІадат. ТІадегІанав вачІунеб Къо гІагарлъулеб букІин бихьанагІан, цІикІкІун ракІбатизабилин цоцазул.
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода