Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Роха-хинлъун рукІа, разиго рукІа, Зобалазда кІудияб шапакъат щвезе бугин нужее. Цересел аварагзабазеги кьедал гІадамаз гьедин гІазабги гІакъубаги. Инсанасе бокьунилан Аллагьасул цониги калима рещтІинчІелъулха ракьалде. Аллагьасул калам инсанас халкъалъе бицунаго, Илагьияб РухІалъин гьев кІалъазе тІамулев. Божи-иман рекІелъ букІиндалин хварал гІагарал чагІи руччабазухъе нахъе щварал. ЛъикІаб гІумру бачІараб мехалъ чІаголъизе бокьун, цо-цояз инкар гьабулаан эркенлъи-тархъанлъиялдаса, гІазаб-гІакъуба хІехьон холаан гьел. Цо-цоязе кутакаб къварилъи гьабулеб букІана, цІалаца рухулел рукІана; цо-цоялин абуни, маххалги ран, гвандинир тІамулел рукІана.
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода