12
Вореги, дир вацал, зобалхІайилан, ракьалхІайилан ва цогидабги гьаялдалъун гьедаруге нуж. Уйилан абизе бокьани, уйилан абе, гурилан абизе бокьани, гурилан абе. Гьедарани – тамихІалъе мустахІикълъула нуж.
Дицани нужеда абулеб буго: киданиги гьедаруге. ЗобалхІаянги гьедуге – зодисанин Аллагьасул амру рещтІунеб.
РакьалхІаянги гьедуге – ракьалдайин Аллагьасул кверщел тІибитІун бугеб. Иерусалималъул цІаралдалъунги гьедуге – гьеб буго кІудияв ПарччахІасул шагьар.
«Дир бетІералхІа», – янги гьедуге, дурго бетІералда цониги рас я хъахІлъизабизе, я чІегІерлъизабизе кІоларо дуда.
Бугелда бугин абе, гьечІелда гьечІин абе, хутІарабщинаб рагІи илбисалдасан бачІараб буго.