Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Иляс аварагасул заманаялда, лъабго соналъги анлъго моцІалъги зодисан цІадал къатІра тІинкІичІого тІолабго ракьалде гІасияб ракъи рещтІараб мехалъ, Исраилил халкъалда гьоркьор гІемерал къоролзаби рукІаниги, Сидон улкаялъул Царепат шагьаралдаса цо къоролалъе гІоло гурони витІун вукІинчІо Аллагьас Иляс. – Ле, гІадамал! Нужеца гьабулеб щиб? Нужго гІадинал гІадамал руго нижги. Ниж нужехъе рачІун руго Рохалил хабарги босун. Гьеб нужер расги пайда гьечІеб динги рехун тун, зобал-ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав хІакъав Аллагьасде руссайилан абизе рачІун руго. Гьев кІиясдаго кІвезе буго Аллагьасул рагІи гьез халкъалда лъазабулеб заманалда цІад бачІого букІиналъе зобал къазе. Лъадада тІадги ихтияр кьун буго гьезухъе – гьеб биялде сверизабизе; гьединго ихтияр кьун буго гьезие бокьанщинахъе ракьалда балагьалъул цІал кьабизе.
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода