Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Диде иман лъурал ратІа гьарулел гІаламатал гьадинал рукІина: дир цІаралдалъун гьезда кІвела жундул рачахъизе ва гьезухъа бажарила батІи-батІиял мацІазда кІалъазе. Борхьал кодоре рачаниги, загьру гьекъаниги, тІириги зарал лъугьинаро гьезие; унтаразда квер хъвани, гьелги сахлъила. Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана. Муридалин абуни, гьениса рахъун ана киса-кибего Рохалил хабар лъазабизе. ТІадегІанасги квербакъулаан гьезие, ва гьез бицарабщинабги мугІжизатаздалъун ритІухълъулаан. Амин! Гьеле гьев ГІисал цІаралде иман лъедал, гьеб ГІисал цІаралъ сахлъизавуна гьав нужеда киназдаго вихьулев ва лъалев чи. ГІисаде иман лъедалин, киналго нужги ралагьун, гьев сахлъарав. нужеда киназдаго ва Исраилил тІолабго халкъалдаги лъан букІа: нужеца хъанчида ван хвезавурав, хваралъуса Аллагьас вахъинавурав Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун сахлъун нужеда цеве вахъун чІун вуго гьев чи. – ВитІун дурго бохдузда вахъун чІа! – ян ахІана гьесде Павелица. ГьебсагІат кІанцІун тІаде вахъун, вилълъанхъизе лъугьана гьев. Гьелдаса хадубги чанго къоялъ гьединго данде ячІун чІчІичІчІидулаан гьей. Ахирги гьелдехун вуссун ццин бахъун, Павелица гьадин абуна гьей гІаданалъулъ бугеб хъубаб женалда: – МасихІ ГІисал цІаралдалъун дица дуе амру гьабулеб буго гьей гІаданалъул чорхолъа нахъе аян! Ва гьебсагІат нахъе ана гьеб.
Выбор основного перевода