Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
РухІ бахъиялъул гІазабалдаса хвасар гьавун, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна, хвалил рахсазда кквезе кІвечІелъул. Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун. нужеда киназдаго ва Исраилил тІолабго халкъалдаги лъан букІа: нужеца хъанчида ван хвезавурав, хваралъуса Аллагьас вахъинавурав Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун сахлъун нужеда цеве вахъун чІун вуго гьев чи. Нилъ хвасар гьаризе жинцаго ПарччахІлъун гьавурав гьев жиндирго тахида аскІове зобалазде восана Аллагьас, Исраилил халкъ кантІизе ва гьезул мунагьал чуризе. Кинабго сундуего ва жинцаго бижарав Аллагьас ГІиса гІазаб-гІакъубаялдалъун камиллъизави ритІухълъараблъи бихьана нилъеда, – гІемерал лъималазе гьесул цІар-реццалъул бутІа щвана. ГІисацалъидалин гьел хвасарлъиялде рачунел!
Выбор основного перевода