Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги халкъ мукІур гьабун букІана Барабба къватІиве виччаян ва ГІиса чІвазе къотІеян гьаризе. Сардарас гьезда гьикъана: – Гьел кІиязулго кинавав къватІиве виччазе нужее бокьилеб? – Барабба, – ян абуна гьез. – Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! Ниж гъуризейищ мун вачІун вугев! Дида лъала мун щивали. Илагьияв чи вуго мун! Аллагьас витІун вуго мун! Амма чІахІиял кашишзабаз халкъ тІамуна Барабба къватІиве виччайилан гьаризе. Гьебмехалъ Пилатица гьезда гьикъана: – ЖугьутІазул парччахІилан абурав чиясе дица щиб гьабизеха нужее бокьун бугеб? Амма халкъалъ цо кІалдисан гІадин ахІулеб букІана: – Гьев чІвазе витІе! Барабба кье нижехъе! – ян. Барабба вукІана, шагьаралда цо питнаялда гІахьаллъиялъул ва чи чІваялъул такъсир тІад чІун, гвандинив тІамун вугев чи. ГІиса нахъе виччазе бокьун нахъеги халкъалдехун кІалъана Пилат. Амма гІадамал ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе витІе гьев! Хъанчида вазе витІе! – ян. Лъабабизеги абуна Пилатица гьезда: – Гьас гьабураб квешлъи щиб? ЧІвазе гІураб гІайиб батичІо дида гьасул. Гьединлъидал, цІалацаги вацІун, нахъе виччала. Амма, кутакаб ахІи-хІур багъаризабун, тІадчІун гІадамаз гьарулеб букІана ГІиса хъанчида вазе витІейилан, ва гьезул ахІи-хІур бергьана. Пилатица хІукму гьабуна гьезул гьари къабул гьабизе: питнаялда гІахьаллъанилан ва чи чІванилан гвандиниве рехун вукІарав чиги, гІадамазул гьариялда рекъон, къватІиве виччан, ГІиса гьезул ихтияралде кьуна. ХІакъикъаталдаги Гьеродги, Понтий Пилатги, мажусиялги, Исраилил халкъги гьаб шагьаралда цолъана дур МасихІлъун кколев илагьияв вакил ГІисада дандечІезе. Нужер умумуз гІазаб-гІакъуба кьечІев цониги авараг хутІаравищ? Гьез чІвана Аллагьасул вакил вачІине вугилан цебеккунго жидеца лъазабуралги. Гьанже нужгоги лъугьана гьев вакиласе хиянат гьабурал ва гьев чІварал чагІилъун.
Выбор основного перевода