Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
«Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь»? Аллагь – гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго. Вухь-вухьун вачун ГІиса кьуна Пилат сардарасухъе. Хварал тІаде рахъине рукІиналъул хІакъалъулъ цІаличІебищ нужеца Муса аварагасул хІакъалъулъ бицараб тІехьалда? ЦІа рекІун бугониги, бухІунго лъугІулареб хъарахъалда аскІоб Аллагьас гьесда абурабила: «Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь». – Гьас халкъ дандечІеялде гьусулеб бугилан вачун вачІун вуго нужеца гьав чи дихъе. Гьале дица нужги ралагьун цІех-рех гьабидал, дида гьав чиясда батичІо нужеца гьасде гІунтІизарурал гІайибазул цонигияб. Гьеродидаги батичІо, гьединлъидал дос гьав тІадвуссун нилъехъе витІун вачІана. ЧІвазе къотІизе гІураб цониги такъсирги гьас гьабун гьечІо. ЦІалацаги вацІун, нахъе виччала дица гьав. Амма халкъалъ цо кІалдисан гІадин ахІулеб букІана: – Гьев чІвазе витІе! Барабба кье нижехъе! – ян. Амма халкъалъ цо кІалдисан гІадин ахІулеб букІана: – Гьев чІвазе витІе! Барабба кье нижехъе! – ян. Барабба вукІана, шагьаралда цо питнаялда гІахьаллъиялъул ва чи чІваялъул такъсир тІад чІун, гвандинив тІамун вугев чи. ГІиса нахъе виччазе бокьун нахъеги халкъалдехун кІалъана Пилат. Амма гІадамал ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе витІе гьев! Хъанчида вазе витІе! – ян. Лъабабизеги абуна Пилатица гьезда: – Гьас гьабураб квешлъи щиб? ЧІвазе гІураб гІайиб батичІо дида гьасул. Гьединлъидал, цІалацаги вацІун, нахъе виччала. Амма, кутакаб ахІи-хІур багъаризабун, тІадчІун гІадамаз гьарулеб букІана ГІиса хъанчида вазе витІейилан, ва гьезул ахІи-хІур бергьана. Аллагьасул хІукмуги къадарги гьединаб букІиндал, мунапикъазул квераз хъанчида ван, магІал кьабун, чІвазавуна нужеца. Нилъер умумузул Аллагьас хваралъуса вахъинавуна нужеца гъотІода ван гъанкъарав ГІиса. «Дун вуго дур умумузул: Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги Аллагь». Нусабго лага сорон, гьеб хъарахъалъухъ валагьизе хІинкъана Муса.
Выбор основного перевода