Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьез абуна жидеда рагІанила Стефаница абулеб гьев Назареталдаса ГІисаца гьаб хирияб бакІ биххизабизе бугин ва Мусаца нилъее тарал гІадаталги хисизаризе ругилан. Цинги, гІемер халат гьабун, дур рахІат хвезабиларо. Гьарула дуда нижер къокъабго гІарзалъухъ, дур сабруялда рекъон, гІинтІамейилан. Амма гьезул бугоан жидерго диналда хурхараб дагІба-къец. Павелица чІаго вугилан чІезабулеб букІарав, цо кидаялиго хварав кинавалиго ГІисал хІакъалъулъги букІана гьезул дагІба. Гьеб къотІи тІубазе букІиналде хьул лъун къасиги къадги тІадчІун Аллагьасе гІибадат гьабулеб буго нижер анцІила кІиго наслуялъ. Я дир хан, гьеле гьединаб хьул дирги бугилан гІайиб гІунтІизабулеб буго диде жугьутІаз.
Выбор основного перевода