Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нужерго мунагьаздаса руссун, кантІиялъул гъотІода пихъ барщизабе. Нужерго мунагьаздаса руссун, кантІиялъул гъотІода пихъ барщизабе, ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругиланги гаргадуге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда. Гьединлъидал нуж кантІе ва тавбу гьабе, Аллагьасде русса, гьес нужер мунагьал чуризе, ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Мун а гьанже. Гьев вуго киналго къавмазда, парччахІзабазда ва Исраилил халкъалда гьоркьоб дир цІар тІибитІизабизе тІаса вищун витІарав дир илчи. Цинги кванана-гьекъана, къуват-жан чорхолъе лъугьана. Цо чанго къо бана Шаулица Дамаскалда муридазда аскІоб. Гьебмехалъго синагогабазде ун гьес ГІисал хІакъалъулъ бицунеб букІана гьев ГІиса Аллагьасул Вас вугилан. Гьесул вагІза рагІанщинас хІикмалъун абулеб букІана: – Гьеб цІар рехсанщинав чи тІагІинавизейилан Иерусалималда хІаракат бахъулев вукІарав чи гурищ гьав? Рухьинеги рухьун, гьел чІахІиял кашишзабазул кверде кьезе гурищ гьав гьанивеги вачІун вукІарав? Амма Шаулил рагІул къуват цІикІкІунеб букІиналъ ва ГІиса хІакълъунго МасихІ вугилан чІезабулеб букІиналъ тату хвезабуна Дамаскалда ругел жугьутІазул. Гьелдаса гІезегІанго заман индал, гьев чІвазе къотІи ккана гьезул. Шаулидаги лъана гьелъул хІакъалъулъ. Къасиги къадги шагьаралъул кавабазухъ гъоркьчІел гьабун букІана гьев чІвазе. Сардилъ гьесул муридаз гьев, гьагьинивги лъун, шагьаралъул рагІалда бугеб къадахъа гъоркье виччана. Иерусалималде щвараб мехалъ Шаулица къасд гьабуна муридалгун цолъизе. Амма гьев муридлъун лъугьун вукІиналда божичІого, гьесукьа хІинкъун рукІана киналго. Барнаба ана Шаулги вачун чапарзабазухъе. Дамаскалде унаго нухда Шаулида ТІадегІанав ГІиса вихьиялъулги, ТІадегІанав ГІиса гьесда кІалъаялъулги ва Дамаскалда хІинкъи-къай гьечІого гьев ГІисал цІар рехсон гьес гьарурал насихІатазулги хІакъалъулъ бицана гьезда Барнабаца. Гьелдаса хадув Шаул чапарзабазда цадахъ чІана. Гьезда цадахъ Иерусалималда киса-кивего унаан ва ТІадегІанасул цІар рехсон хІинкъичІого бицунаан Рохалил хабар. Гьев дагІбадулаан, къацандулаан грек мацІалда кІалъалел жугьутІалгун. Гьез къасд гьабуна Шаул чІвазе.
Выбор основного перевода