Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. Цебе нужеца гІумру гьабулеб букІана гьаб дуниялалъул гІадатазда ва зоб-ракьалда гьоркьоб кверщел гьабулев ханасул амруялда рекъон. Аллагьасе мутІигІлъулареб агьлуялда тІад гьабсагІатги кверщел гьабулеб буго гьес. Цере нуж бецІлъукь рукІана, гьанже ТІадегІанасде цолъун ругелъул, нурлъун лъугьана. Нуралъ гвангъизарурал гІадамал гІадин хьваде. Аллагьас нуж бецІлъиялъул лагълъиялдаса тархъан гьаруна ва жиндиего вокьулев Васасул ПарччахІлъиялде рачана. Нуж руго тІаса бищараб агьлу – Зобалазул ПарччахІасул кашишзаби, мукъадасал гІадамал, Аллагьасул жиндирго халкъ. Гьес бецІлъиялдаса нуж жиндирго гьайбатаб нуралде ахІана жиндирго чІахІиял ишазул хІакъикъат тІибитІизабизе.
Выбор основного перевода