Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Шаулицайин абуни иман лъуразул агьлу щущазабулеб букІана: рокъо-рокъове ун бихьиналги руччабиги, рехъерхъун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІана. Гьанивеги гьев вачІун вуго дур цІар рехсанщинав чи ккун вачун жанив тІамизе чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун. Гьесул вагІза рагІанщинас хІикмалъун абулеб букІана: – Гьеб цІар рехсанщинав чи тІагІинавизейилан Иерусалималда хІаракат бахъулев вукІарав чи гурищ гьав? Рухьинеги рухьун, гьел чІахІиял кашишзабазул кверде кьезе гурищ гьав гьанивеги вачІун вукІарав? Нужеда рагІанагури, жугьутІ диналда дун вукІараб мехалъ, дица гьарулел рукІарал жалазул хІакъалъулъ, – Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе гІасиго гІазаб-гІакъуба кьолаан ва гьеб щущахъ биххизабулаан.
Выбор основного перевода