Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб халкъалъул руккалилъ цояс гьадин ахІун, цояс додин ахІун, гьезул хъуй-хъаялъ щиб-кин ккарабали бичІчІизе кІвечІеб мехалъ, азарилбетІерас буюрухъ кьуна Павел хъалаялъуве вачейилан. – Я, Агриппа хан! Жакъа дица талихІлъун рикІкІунеб буго жугьутІаз диде гІунтІизабураб гІайиб битІараб гьечІеблъи чІезабизе дуда цеве кІалъазе рес щвей. Хасго дуда цІакъ лъикІ лъала жугьутІазул киналго гІадаталги гьезул рукІунел дагІба-къецалъул суалалги. Гьединлъидал гьарулеб буго дица дуда сабруялда дихъ гІенеккейилан. Мун аварагзабазда божулевищ, Агриппа хан? Дидани лъала мун божулевлъи.
Выбор основного перевода