Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дун сабаблъун нуж наибзабазухъе ва парччахІзабазухъе рачина, гьезда цебеги цогидал халкъазда цебеги дир муридал рукІиналъе нугІлъи гьабизе. Нужеца нужеего гІамал гьабе: щаян абуни, дун сабаблъун нуж судалде ахІила, синагогабазухъе рачун рухила, наибзабазда ва парччахІзабазда цере чІезарила, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе. Гьеб кинабго ккелалде, дун сабаблъун нужеда хадур лъугьина, кквезеги ккун, синагогабазде рачина, суд гьабила, гвандинире рехила, парччахІзабазда ва наибзабазда цере чІезарила. Чанго къоялдасан Къайсарияталде Фестие салам кьезе рачІана Агриппа ханги гьесул чІужу Береникаги. Гьебмехалъ ханги, гьесдаго цадахъ сардарги, Береникаги, гьенир рукІарал гІадамалги тІаде рахъун къватІире ана.
Выбор основного перевода