КІудияб ахІи-хІур багъарана гьениб. ТІаде рахъун фарисеязул цо-цо диниял гІалимзаби чІчІичІчІидизе лъугьана: – Гьав чиясулъ щибниги квешлъи бихьулеб гьечІо нижеда. Щиб лъалеб, рухІ яги малаик батила гьесда кІалъан?
Гьениб дие баянлъана гьасде гьез гІунтІизабулеб тІолабго гІайиб гьезул жидерго къануналда хурхараб букІин, амма я чІвазе, яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьасда тІад чІечІо.
– ЧІвазе къотІизе яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьечІо гьадав чиясда, – ян абулеб букІана гьез цоцазда.
Цинги Агриппаца Фестида абуна: – ГьабсагІатго туснахъалъуса къватІиве виччазе бегьилаан дов, къайсарасул суд дос тІалаб гьабулеб гьечІебани.