Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Ахая вилаяталъул наиблъун Галлион вугеб заманаялда, киналго рекъон жугьутІал Павелида тІаде кІанцІана ва гьев судалде вачана. Гьелдаса хадубги Павелица гІезегІанго къоял рана гьенир. Цинги, вацазе къолъикІги гьабун, гамидаги рекІун, Сириялде ана. Гьесда цадахъ ана Прискиллаги Аквилаги. Кенхреялде щведал, гьес ботІрол рас къунцІана. Гьеб букІана Аллагьасе назруялъул болжал лъугІараб заман. Дица мугь чІана, Аполлосица лъалъана, амма бижизе Аллагьас гьабуна. Ниж щал чагІияли нужеда гьанжеги бихьизабизейищ ниж кІалъалел ругел? Цогидазе гІадин, нижее хІажат бугебищ ниж реццарал кагътал я нужехъе хъвазе, я нужеца хъван рачІине? Нужеде салам буго дида аскІов туснахъалъув вугев Аристархилги Маркилги (гьев Марк ккола Барнабал вацгІал, гьесул хІакъалъулъ ругьел битІун букІана нужехъе, гьениве вачІани, гьесие гьоболлъи гьабеян).
Выбор основного перевода