Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана. гьикъана гьес: – Иманалде руссараб мехалъ Илагьияб РухІ лъугьанищ нужелъе? – ян. Гьеб Илагьияб РухІалъул хІакъалъулъ жидеда рагІизего рагІичІилан абуна гьез. Кинха нуж лъадалъ ччун рахъаралилан гьикъидал, гьез абуна жал ЯхІя аварагасул къагІидаялъ лъадалъ ччун рахъанилан. Павелица гьезда абуна: – ЯхІя аварагас гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІана кантІун гьел Аллагьасде руссине. Гьес халкъалдехун абулеб букІана жиндаса хадув вачІине вугесде, ай ГІисаде, иман лъейилан. Гьеб рагІидал гьел муридал, ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъана. Цинги Павелица тІад квер лъедал, Илагьияб РухІ лъугьана гьезулъе. БатІи-батІияб мацІалда кІалъазе лъана ва гьезде Аллагьасул рагІи рещтІана. Нужер жигарчилъи чучлъизе тоге, Аллагьасе хъулухъ гьабизе рухІанияб хІаракатги загІиплъизе биччаге. Дида лъала дур ишал. Дулъ я бухІи гуро, я цІорой гуро. Дулъ бухІиниги цІоройниги букІарабаниха!
Выбор основного перевода