Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цогидал бакІаздаго гІадин, синагогаялъуве ун, Павелица лъабго шамат къоялъ тІатІала жугьутІазулгун гара-чІвари гьабуна Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул хІакъалъулъ. Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: – МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса. Синагогаялъуве лъугьун гьес гара-чІвари гьабулаан жугьутІазулгун ва Аллагьасе гІибадат гьабулел греказулгун. Щибаб къоялъ базаркъотІнове ун, гьенир ратаразеги бицунаан Павелица хабар. Аполлос Коринфалда вугеб заманаялда, мугІрузда ругел вилаятаздеги щун, тІадвуссун Эфесалде вачІана Павел. Гьенир ратарал цо дагьалго муридазда
Выбор основного перевода