Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Аполлос Коринфалда вугеб заманаялда, мугІрузда ругел вилаятаздеги щун, тІадвуссун Эфесалде вачІана Павел. Гьенир ратарал цо дагьалго муридазда «Дун Павелил рахъ ккуравилан», «дун Аполлосил рахъ ккуравилан», «дун Кефал рахъ ккуравилан», «дун МасихІил рахъ ккуравилан» – щивас батІа-батІаго абулеб рагІула нужеца. Гьаха, щив кколев Аполлос? Павелги щив кколев? Гьел руго нуж иманалде рачарал ва хъулухъалъе тІамурал гІадатиял чагІи. БетІергьанас тІадкъараб хІалтІи гьабулеб буго гьезул щивас. Дица мугь чІана, Аполлосица лъалъана, амма бижизе Аллагьас гьабуна. Нужее лъикІлъиялъе дица гьеб кинабго бихьизабуна, вацал, нужеда, Аполлосилги диргоги мисалги бачун, «хъвараб гурони лъугьунарилан» абурал рагІабазул магІна нужедаги бичІчІизе ва, лъикІалги тІокІалги ругилан, цоцазда цере чІухІдарунгутІизе. Къанунчи Зенаги Аполлосги сапаралде ритІе ва нухда гьезие къваригІунебщинабги кье.
Выбор основного перевода